АлхIамдулиллагь, рецц нилъер тIадегIанав Аллагьасе, исламалда нилъ ратизе, иманалде нилъ руссине жиндица нилъее рес кьурав. Рецц буго ТIадегIанав Аллагьасе нилъер баракатаб Дагъистаналъул ракьалда дунялалъулго исламияб жамагIат жидедаса чIухIарал,  камилаб даражаялда жал ругел устарзабиги, шайихзабиги, ва гIалимзабиги жиндица рижарав
بِسْمِ اللَّهِ الرَّحْمَنِ الرَّحِيم

dagistan@mail.ru

 

+7 (928) 530-45-44
САЙИД  ГIОБОДИЯВ
قدسسره

БАЙБИХЬИ ШАРИГIАТ ТIАРИКЪАТ МАГIРИПАТ ХIАКЪИКЪАТ КИНАБГО ТIЕХЬ

.

АлхIамдулиллагьи ррабил гIаламин, васалату васаламу гIала сайидина МухIамадин ва гIала алигьи ва сахIбигьи ажмагIин.

Рецц нилъер тIадегIанав Аллагьасеﷻ, исламалда нилъ ратизе, иманалде нилъ руссине жиндица нилъее рес кьурав.

Рецц буго хирияв Аллагьасеﷻ, аварагзаби ракьалде гIадамазде гъорлъе ритIарав, гьел битIараб нухде рачине квербакъарав, гьезда рухIияб канлъи бижизабурав.

Рецц буго ТIадегIанав Аллагьасеﷻ нилъер хIужрарукъалде сверараб баракатаб Дагъистаналъул ракьалда дунялалъулго исламияб жамагIат жидедаса чIухIарал, тIарикъаталъул камилаб даражаялда жал ругел устарзабиги, шайихзабиги, шагIирзабиги ва гIалимзабиги жиндица рижарав.

Аллагьасﷻ хъван батани, гьаб тIехьалда бицен гьабизе буго дунял-гIаламго жиндир гIелму-лъаялдаги, гIамал-хасияталдаги бахилав, амма бахиллъиялъулги ва жагьиллъиялъулги къатIра жиндир чорхолъ кигIан дагьабниги букIинчIев, гIаламатго хIикматав инсан, анцIила ункъабилеб къарнуялъул нусил сонил Имам, хIакъав мужадид Сайид ГIободиясулقدسسره хIакъалъулъ.

Бищунго гьаб дунялалда жагьилавги ва пакъиравги чи вуго, жиндирго аслу-кьолбол къимат лъаларев ятимав гIадам.

ГIакъилав ва къадруяв, щибго ахIмакъаб ахIи-хIурги гьабичIого, рихьдаеги гаргадичIого, жиндиего цIарги гьабичIого, щулияб тухум-кьибил лъалев Аллагьасеﷻ щукруги гьабун, жиндирго хIайранаб гIибадаталда вукIунев чиясул кидаго къадру-къимат букIуна.

Гьединал мисалазе цояв вугин абизе бегьула живго Аллагьасулﷻ гIаламатго хIикматав вали, МухIамад Аварагасулﷺ суннат цIунаразул бищунго камилав, Дагъистаналда шаригIаталъул нух ккуразул Къилба-цIва, ва анцIила ункъабилеб къарнуялъул Имам жив вукIиналъе дунялалъулго тIолабго исламияб жамагIаталъ жиндир заманалда нугIлъи гьабурав Муршидун Камил Сайид ГIободияв قدسسره ва гьесул гIумру. ГIадада гурелъулха аби батараб: «Нилъерго ватIаналда авараг вукIунаро.», - ян.

Гьединго, Аллагьасгиﷻ абулеб бугелъулха, жиндиего вокьулев лагъ лъикIалдалъун рехсей жиндица ракьалда даимаблъун гьабизе бугилан.

Аллагьасдеﷻ ва жинда свалат салам лъеяв МухIамад Аварагасдеﷺ бугеб гIорхъи гьечIеб гIищкъуялъ ва исламияб дин гъваридго щвалде щун лъазе бокьиялъ ахIана Сайид ГIободиявقدسسره жиндирго тIолабго гIумру гIицIго исламалъе гIоло къурбан гьабизе, лъаялда хадув лъугьун дунялго сверизе къватIиве вахъине.

Жиндир заманалда Сайид ГIободиясقدسسره чIвараб исламияб гIелму-лъаялъул байрахъ, кидаго гIадин, жакъаги буго хIайранго, цIумазул борхалъиялдасан, дунялалъул исламияб умматалда тIад даимго парпадилеб.

Аллагьасﷻ гьев анцIила ункъабилеб нусил соналъул Имам, хIакъав мужадид Сайид ГIободиясулقدسسره даражаги тIадегIан гьабеги. Гьесул баракатгун-шапагIатги камун тогеги нилъ-гIадатиял ахирзаманалъул пакъирал ва ракI-ракIалъ Аллагьасулﷻ нух ккурал бусурбаби, жакъа гьаб дунялалдаги, метер абадияб рокъорги.

Аллагьума амин!

ГIободиясул (قدس سره) хъизан ХIалимат-эбелалъул наслуялъул гIадан, дир хирияй эбелалъе, Аллагьас мунагьал чураяй, ПатIиматие сайгъат гьабула гьаб хIалтIи.

ГIободиясул (قدس سره) хъизан ХIалимат-эбелалъул наслу, эбел, эмен, вацал, гьезул лъимал...


368947, Россия, Республика Дагестан, с. Кахабросо. Tel.+7(928)530-45-44, E-mail: dagistan@mail.ru